Итоговое занятие
по развитию речи
1 средняя группа
ЦЕЛЬ :
- Расширить представления детей о явлениях природы.
- Закрепить умение разбирать прилагательное к существительным
и глаголы к существительным .
- Развивать умение подбирать антонимы .
- Звуковая культура речи : Ш—З—Ж .
- Знать единственное и множественное число .
-Связная речь (Описывать предмет , картины ,явления , ).
-Рассказ по картине .
- Знать героев сказки .
ХОД ЗАНЯТИЯ :
В : Загадка г1аздада гъоркь бук1унеб,
Т1оцебе жиб баккулеб ,
Гьит1инаб бугониги
Г1аздакьа х1инкъулареб. (подснежник).
В: Молодецал ! Кидаха лъимал подснежник баккулеб ?
Д : Ихдал .
В : Чан бат1ияб заман нужеда лъалеб ?
Д : Ункъго .
В : Рач1аха лъимал рик1к1инин.
Д : Их , рии , хасалихълъи , хасел .
В : Щайха лъимал г1азу биунеб ?
Д : Щайгурелъул хинлъун бугелъул .
В : Кинаб их бук1унеб ихдал ?
Д : Хинаб .
В : Гьури кинаб бук1унеб ихдал ?
Д : Хинаб .
В : Г1одосан хер баккула , т1оцебе их бач1араблъи кинаб х1инч1алъ
Бицунеб ?
Д : Милъирщоялъ .
В : Т1оцебе кинаб т1егь баккулеб ?
Д : Подснежник .
В : Ихдалил чан моц1ха лъимал бук1унеб ?
Д : Лъабго . Март , апрель , май .
КАРТИНКА «ВЕСНА»,
В : Гьалеха лъимал картинкаби , нужеца бицине ккола щиб гьеб
Картинкаялда бахъун бугеб , ва щиб гьебали:
( бакъ , гьури , нак1к1 , ц1ад , ц1унк1улук1 ).
В : Дида кколеб буго лъимал нужор хасалоги , ихдалги г1аламатал
цоцалъ журалел ругилан ,ругелищ лъимал ?
Д : Гьеч1о .
Физминутка --- «Игра с мячом ».
В: Хасел ана --- Их бач1ана
Хасало ци кьижула --- Ихдал кьижула
Хасел квачараб бук1уна --- Их хинаб бук1уна
Хасало г1азу бала --- Ихдал ц1адал рала
Хасало шуба рет1уна --- Ихдал куртка рет1уна.
В: Молодецал ! Бит1ун буго . Рач1ха лъимал ихдалилкеч1
рик1к1инин.
Кеч1 «ИХ ».
В : Ихдал гьури бахъуна лъимал , рач1аха лъимал хъаталги цере
ккун пуйзин , гьуриялъ пулеб г1адин , гьури бугоха лъимал
жеги т1еренаб , рух1 гьеч1еб :
Ш-Ш-Ш-Ш
В : Рач1аха лъимал гьеб гьаракь гьоркьоб бугеб раг1и ургъизин.
Д : Шарипат ,шар ,шахматал , шиша , шишка ,шуба ,мишка .
В : Нилъер ясли- ахикь щал г1адамал х1алт1улел ругел ?
Д : Заведующая, методист , воспитательница ,няня, медсестра ,
психолог ,социолог ,дворник.
В : Г1енеккея лъимал дица кьолеб суалалъухъ :
Г1адамал сах гьарула – врачас
Машинаби рачуна -- шофёрас
Школалда дарс кьола – учителас
Рет1ел букъула – юкъарухъаналъ
Лъимал ясли- ахикь хьихьула – воспитательницаялъ
Лъималазе квен гьабула – поваралъ .
В : Нилъер ясли – ахикь ругоха лъимал г1емерал игрушкаби ,
Сундулха лъимал игрушкаби гьарун рук1унел .
Д : Резинадул ,пласмасалъул , ц1улал , и.т.д.
В : Лъицаха лъимал бищун нужее бокьулеб игрушкадул х1акъалъулъ
хабар г1унц1илеб ?
(МИШКА , КУКЛА ).
В : Нилъер жив-живасул бугоха лъимал хъизан . щалха лъимал
хъизаналда гьоркьоре унел ?
Д : Эбел , эмен , к1удаэбел , к1удаэмен , вац , яц .
(КЕЧ! «ЭБЕЛ» ),
В : Гьалеха лъимал дица доскаялда ч1ван руго картинкаби , нилъеца
Гьелъухъги балагьун нилъеца гьабила гьадинаб игра:
(«ЧТО ЛИШНЕЕ » ).
В : Молодецал ! Лъимал нужее маргьо бокьулищ лъимал ?
Д : Бокьула .
В : Г!енеккеяха т1оцебесеб суал
1. Лъида хадуб ч1ч1ун бук1араб Жучка ? ---Ясалда хадуб .
2. Сундулха Феяца карета гьабун бук1араб золушкае ? –гунзаридул.
3. Кинаб болъонил т1инч1алъ гьабун бук1араб бищун къвак1араб
къанил рукъ ? ---- Наф –нафалъ.
4. Кинаб маргьоялъулъ ясалъ бищун к1удияб гъудалъ бищун
к1удияб гъадринисан чурпа хураб ? – Лъабго цидукил т1инч1.
5. Кинаб кеч1 ах1араб колобокаялъ ?
--Дун гурга ,дун гурга , раса хачан гьабураб
Ц1алк1у к1ут1ун гьабураб , бежизе ц1ет1а лъураб
Ц1орозе горт1а лъураб ,к1удаэбелалдаса лъутараб
К1удаинсудасаги лъутараб дудасаги лъутила .
(колобок ).
6. Теремокаялда жаниб лъица г1умро гьабулеб бук1араб ?
(г1унк1к1 , къверкъ , г1анк1ич , цер , бац1 , ци ).
В : Лъимал дица нужее кьела бицанк1аби г1енеккея цо :
1. Ц!ад кколареб ц1ах1илаб буртина . – зоб.
2. Зодосан ккураб квар . --- къункъраби .
3. Чвахулеб маг1у бихьулеб ,г1одулел берал
рихьулареб --- ц1ад .
В : Нужеда лъаларищ лъимал бицанк1аби кьезе ?
Д : Лъала .
1. К!ал бугеб к1алъареб ,рач1ч1 бугеб х1айван гуреб . –ччуг1а
2.Х!инч1 гуреб кваркьи бугеб ? --- т1ат1ик1уч1 .
3. Боржунаго гаргадулеб ,г1одоб ч1едал сих1 къот1улеб .—на
4. Г!одобе далараб гени ,амма квине бегьулареб . – гарз .
В : Кина –кинаха лъимал х1айванал рук1унел ?
Д : Рукъалъул , рохьил , рукъалъул х1анч1и .
В : Рач1аха рукъалъул х1айванал рицинин .
Д : Г!ака , бече , ц1ц1е , оц , чахъу , чу , куй , иццико , гьве .
В : Г!акдаца щиб кьолеб ? ---рахь , нах ,х1ан ,риди , нису .
Г!акдаца щиб кунеб ? --- хер ,корма , чед ,лъим .
Чахъуялъ щиб кьолеб ? --- квас , гьан .
Игра «КТО УБЕЖАЛ ? ».
В : Кина --- киналха рук1унел г1алхул х1айванал ?
Д : Ци , цер , бац1 , ц1иркъ , гъалбац1 , г1анк1ич , г1ужрукъ ,рит1уч1.
Игра «КТО ЛИШНИЙ ? ».
В : Рукъалъул х1анч1и .
Д : Г!анк1у , х1елеко , ордек , гургур , хъаз .
Картинка «ДВОР ».
В : Гьале лъимал рокъо рук1унел т1угьдул ,рач1а гьазул ц1арал
рицинин .
Д : Китайская роза , папоротник , фикус , декабрист ,бегония .
Восп»: Гьалеха лъимал ахиралде щвана нилъер занятие,молодецал
Кутакалда г1емераб жо лъалеб буго,дие кутакалда рокьана
Нужеца жаваб кьолеб куц ,молодцы.