Дарсил тема: Гьоркьор ккарал раг1аби. Обращение. Диктант «Ралъад»
Дарсил тайпа: халгьабиялъул
Дарсил мурад: лъай кьеялъул: гьоркьор ккарал раг1абигун ва обращениегун лъалхъул ишараби рит1ун лъеялъул хал гьаби;
цебет1еялъул: ц1алдохъабазул лексика бечед гьаби; сипатияб калам х1алт1изабун ругьун гьари, берзул рак1алдач1ей
цебет1езаби;
тарбия кьеялъул: жиндир г1агараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи куцай.
Х1ажатал алатал: кейс (диктанталъе текст, ц1алуда нахъккаразе диктанталъул текст ишараби лъезе цебе лъезе), мультипроектор, интерактивияб доска, Каспий ралъадалъул документалияб кино.
Доскаялда хъвазе: тема, мурадал, нилъер пачалихъалда ругел ралъадал: Ч1ег1ераб (Чёрное) ралъад, Каспий (Каспийское) ралъад.